top of page

Къеди – Ункъракьалъул тахшагьар

«Къеди ккола тIолабго магIаруллъиялда бищун бечедаб тарих бугеб росу», — ян хъван букIана, журналист ва Дагъистаналъул тарихалъул хIакъалъулъ гьанжеялде чанго тIехь къватIиб биччарав Маркъо ШагIбановас «Миллат» казияталда, гьеб росдал хIакъалъулъ исана бахъараб макъалаялда. Гьеб пикру цохIо гьесул гуребги, Дагъистаналъул цоги-цогидал тарихчагIазулги буго. Гьединаб къимат гьел гIалимзабаз гьеб росдае кьеялъе гIиллабиги гIемерал руго. Киналго рехсечIониги, бокьун буго дицаго гьарурал цIех-рехазда мугъчIвайги гьабун цо чангояб гьаниб рагьизе.

1837 соналъ тушазул лъабго росу Къеди чIарал «гиназал»АмирхIамза ва Малачи Алдамилаз бетIерлъи гьабулебУнкъракьалъул боялъ бухIанин хъван буго гьеб макъалаялда. Тарихалда жаниб араб гьеб хIужаялъул хIакъикъат цIехолаго дида батана 1846 соналъ Тифлисалда къватIиб биччараб «Кавказ» казияталда И. Цискаровас хъван, гьеб иш ккараб заман букIанин цебе-хадуб чанго соналъ риидал бакъ бай сабаблъун хурул бачIин загIипаб, гIадамал ракъараб. Гьеб гIиллаялъе гIоло жидеца кьезе кколеб магъало кьеларин чIарал тушазе тамихI гьабизе рачIанин гьел боял Дикло ва Шенако росабалъе ва гьелги рухIун, цоял чIван, цогидал асир гьарун гIадамалги рачун, гьезул боцIи-панз ва цогидаб буголъиги хъамун нахъеги анин.

Гьаб лъугьа-бахъиналдасан бихьулеб буго гьел «гиназазул» (авар. нуцабазул) кверщаликь букIараблъи тушазулги ракь. Гьединго тарихалда буго Ункъракьалъул микьго росу гуребги гьезул тIалъиялда гъоркь букIанин Хъварщи кIкIалахъ ругел росабиги, чIамалазул Гьаквари ва хьиндалазул Кьохъ росуги. Гьеб баян кьун буго гIурусазул тарихчи Ю. Карповас жиндир «Взгляд на горцев. Взгляд с гор» абураб тIехьалда. Къеди бугеб биценалда рекъон, цо заманалъ гьел нуцабазул кверщаликь букIун буго чачаназул Гъалгъати ва Болъихъ районалъул Гъодобери гъоркь щвезегIан бугеб ракьги. Гьеб тIалъи гьез гьабулеб букIун буго Хунзахъ бугеб жидер гIагарлъи – ханзабазда мугъчIвай гьабун. Гъазигъумекисезул ханлъи Дагъистаналдаги чачаналъги щулалъараб заманалъ – гьезда мугъчIвай гьабун. ХIасил, гьел ханзабазул Туш мухъалдехун ругел ракьаздаги халкъаздаги тIад балагьизе тарал гIадамазул рещтIен Къеди букIун буго, Гумбеталда Турловал рукIараб гIадин, балъхъадерил мухъалда тIехIнуцаби рукIараб гIадин.

Гьанибго бицун тезе рекъараб жо буго цо гьадинабги. 19 -20 гIасруялъги Ункъракьалъул цо-цо росабазул гIадамаз Къеди росдада «Къеди» ян абичIого «КIудияб Росо» йилан абулеб букIун буго. Гьелъги бицуна нилъеда кинаб кIудияб кIвар Дагъистаналъул гьеб мухъалда ругел халкъазе гьеб росдал букIараб.

ГIурусазулгун гьоркьоблъи

«Миллаталда» бицараб, Малачи Алдамишвили 1838 соналъ Тифлисалда вукIанин абураб хIужаялъеги буго цо гьадинаб баян:

1837 соналъ Кавказалъул армиялъул кIудиявлъун жив вахъарав гIурусазул гинарал Е. А. Головиница министр А. И. Чернышовасухъе, магIарулал кин мукIур гьаризе кколеб бицун 1838 соналъ хъвараб кагътида руго гьадинал мухъал:

«Каспий ралъдахъа Грузиялъул рахъалде Дагъистан къотIун унеб лъабго нухалъул бищунго лъикIаб буго Кахетиялдаса Хунзахъе, Ункъракьалдаса, Богоса, ТIиндиса, Багвалазухъа ва КIаратIаса бугеб нух. Гьел халкъал нилъее мукIурлъани, гьелъул кIудияб асар букIине буго сверухъ ругел цогидал магIарулазе. Гьелдалъун бечедаб Кахетияги цIунараб букIинаан гьел магIарулазул чабхъеназдаса. Гьанжеялде нилъее мукIурлъизе бокьун букIин бихьизабуна Ункъракьалъ. Гьеб ракьалъул кIудияв, чабхъадулазул цIар рагIарав бетIер Алдами-Швили вукIана дихъе риидал вачIун. Гьев вуго некIсияб ханзабазул рукъалъул чи. Умумузул рукIарал ханлъиялъул ихтияралги гьесухъ щула гьарун гьев гьеб ракьалъул бетIерлъун танани, кинабго гьесул наслу нилъеда бухьараб букIинаан ва гьесул кумекалдалъун нилъеда кIвелаан гьеб мухъалъул халкъ биял гIодор тIезе ккечIого нилъер хIукуматалда гъоркье бачине».

Сим-сим улкаялъул ханасул лъалкIал

Кин ва кида гьел нуцабазул чагIи Къеди рачIарал абураб суалалъе жаваблъун Маркъоца бицунеб буго 1256 соналъАбумуслимил бетIерлъиялда гъоркь Хунзахъ тIалъиялде бачIараб гIарабазул аскаралдаса къун Суракъат ханасул вас лъутизе ккун вугила. Жиндир хIисабалда гьеб заманалъ рачIарал ругила нуцаби Къеди.

Гьединаб пикру гьев гIалимчиясул гуребги, Дагъистаналъул тарихалъул гIелмуялда жаниб цоги чанго бакIалдаги батула. Гьеб хабар роцIцIинаби мурадалда бокьун буго гьеб некIсияб хъвай-хъвагIай тIубанго гьаниб лъезе.

«…Цинги гьел аскарал ана мугIрузде, ай Аваралде. Аваралъул квершел жиндихъ бугев, жинда нуцалинги абулев Байар, Суракъат ханасул вас, цо бутIа жиндир гIагарлъигун, гьезул агьлу-хъизангун Туш ракьалде лъутана, гьеб ракьалъул гIадамалги гьесул квершаликь рукIиналъ.

… Цо заманалдаса, гьев (жиндие нагIана батаяв) исламалдаса лъутун капурзабазухъ ун Тушалъ чIун вукIарав, жинда нуцалинги абулев Суракъатил вас Байарил Амирсултаница боялда гьарана жиндир инсулги умумузулги ханлъи тIад буссинабизе кумек ва ЦIунтIаса байбихьараб Аршти (гьанжесеб Ингушетиялда бугеб росу. И. Гъ.) щвезегIан ракьалдаса аскарги данде гьабун, гьебгун цадахъ балъго сардилъ Хунзахъе вачIана»… (Тарихи Дагестана).

Гьаб баяналъул тIоцебесеб бутIаялда бугеб «… гьеб ракьалъул гIадамалги гьесул кверщаликь рукIиналъ» абураб каламалдаса бичIчIулеб буго гьев лъутун араб ракьги гьеб заманалъ гьесие чияр букIинчIолъи. Щаклъи гьечIо гьел мухъал хъварас Туш абураб цIаралда жаниб жакъа нилъеда лъалеб гуржиязул Туш гуребги, гьелда гIагарда бугебщинаб ракьги бачун букIиналда, щайгурелъул гьел нуцабазул бищунго гIемерал лъалкIал Ункъракьалъул Къеди гурони гьеб мухъалъул цоги бакIалда гьечIелъул.

Буго цоги хабар чачаназул тарихалда жаниб дида батараб. Чачаназул гIалимчи А. Сулеймановас жиндир «Топонимия Чечни»абураб тIехьалда хъвалеб буго, 1944 соналъ гочинаризе цебеккун жиндир умумузухъ цIунун букIараб тарихияб хъвай-хъвагIаялда букIанин тушманас Сим-сим абулеб ханлъи бихизабун хадуб гьелъул хан Суракъат ва агьлу-хъизан, хутIараб аскаргун, хазинагун, ярагъ-матахI ва цоги гIемераб бечелъигун, бакI-бакIалдаги лъалхъулаго щванила Чанты – Аргун гIоралъул рагIалде ва гьелъул квегIаб рахъалдеги рахун цо кьурул гIусалда тIад кутакаб хъалаги бан гьенир чIанила. Жакъаги тIубан бихичIого бугеб гьеб хъалаялда цIарги бугила «КIирда бIавнаш». Киниги гьев Суракъатидаги гьесул вас Байрадаги кIвечIила гьеб ракьалда тIад щулалъизе ва рачIарабго къагIидаялъ жидерго богун, агьлу-хъизангун нахъеги анила…

Сулеймановас бицунеб гьеб бакI буго гьанжесеб Итумхъала районалъул ракьалда бугеб ТIерлой мухъ. Гьеб мухъалъулги, гьелъулго мадугьалихъ бугеб Пешхой ва Нашхой мухъазулги бакIазул цIаразул хIисаб гьабидал, чачанлъиялъе гIадатал гьечIел, амма Къеди ва Къеди рукIарал нуцабазул цIаразда хурхарал бакIал ва гьединго хъулбиги ратана. Пешхой ва ТIерлой мухъазда гьоркьоб бугеб мегIералда цIарги «Къевдин» буго. Гьединалго бакIалги бакIазул цIаралги руго Итумхъала сверухъги, ЧIанти, Зумсой, Хьаро, Шаро ва ЧIарбил мухъаздаги.

Нилъеца хал гьабулеб ва гьелдаса хадусеб заманалъул тарихалъул хIисаб гьабидал бихьулеб буго, гьел ва гьел гурел цоги хадусел цIех-рехазул хIасилалдаги магIарулазул ханзабазул хIакъалъулъ чачанлъиялда ратизе бегьулел баянал жидеда хIикмалъизе кколел гьечIолъи, щайгурелъул Аргуналъул жаниблъиялда ва гьениса Гъалгъаялъе щвезегIанги бугеб ракь нус-нус соназ жинда тIад хундерил ханлъиги букIараб, Къеди чIарал гьезул чагIазул тIалъиялда гъоркьги бугеб букIиндал. Щоботи щун, ЧIарбилъ, ГIандимагIарде нахъе гIунтIун Къедиса Алдамилал лъалареб, батIи-батIияб заманалъ гьезул квершаликь ккечIеб бакIги гьениб букIун гьечIелъул. Нилъер тарихалъе цIакъ кIвар бугеб ва жеги гIемераб хIалтIи тIад гьабизе кколеб суал буго гьеб.

Цо-цо баянал ва бичIчIизаби

Къеди ругел тухумазул хIакъалъулъ Маркъоца хъвараб гьеб хIалтIиялда жаниб битIизабизе кколеб ва тIаде жубазе бегьулеб жо буго гьадинаб:

  • Сасикьа Тула-ГIисаца гуро Сурхай чIварав — гьесул кумекалдалъун муридзабаз.

  • 1729-30 соназ нуцабазул хъизаназда гьоркьоб ккараб цо тунка-хIусиялъул хIасилалда эмен чIвадал, гьелъие гIайибазулгун рекъел гьабизе бокьичIого Хунзахъа нахъе ине кканин абураб баян дагьаб хадуб бугониги, кIиго яцгун цадахъ АмирхIамза Къеди вачIиналъе гIилла бицараб бакIалда «жиндир эмеги чIван» абураб каламалдаса бичIчIинехъин буго жинцаго жиндирго эменги чIван гьев вачIараб гIадин.

  • Сасикь ругел Даитилалги нуцабазул тухумалъул чагIи руго, Алдамил рукъалъул чIаго хутIарал васазул цояв Сасикь ккун гьесул лъугьарал.

  • Малалазулги кIушкIандилазулги бицараб бакIалда тIаде жубазе бегьилаан, дихъе щварал баяназда рекъон, Ракьу, ГIахьвахъ яги КIаралазул бакIалда бугеб цо гьадинаб биценги. Гьеб биценалда рекъон, Шамилил заманалдасаги цеве цо Малла абун бечедав чи вукIун вуго КIаратIа, сверухълъиялдаго жиндир рагIи билъарав ва гьединлъидал гIахьвалаз ва гьезул мадулгьабаз жинда «КIкIирдал хан» илан цIарги тарав. Ижараялъе босунищ яги гьесул жиндирго бетIергьанлъиялда букIунищ лъаларо, гьев Маллал гIи-боцIи унеб букIанила Къедисезул цо магIарде. Цо заманалдаса, гьеб боцIиги гьелда хадур ругел гIухьбиги къиялазул цIогьабаздаса цIунизе гIоло Къеди рештIанила Маллал гIадамазул чанго хъизан. Дир хIисабалда, гьеб тухум гьел гIадамазул лъугьараб букIине ккола, Нуцабазул тухумалда данде чIезе гIоло КIушкIандилалгун цолъараб. МагIаруллъиялда жиб къанагIатаб Турач абун цIар бугев васги вукIун вуго гьев Маллал.Туначилалин (гьез жидецаго ТуРачилалинги абула) цIар бугеб кIудияб хъизанги буго гьеб тухумалъул Къеди.

Жакъаялде щварал баяназул хIисаб гьабидал, бищунго цере Къеди рещтIун рукIарал гIадамал КIушкIандилал ратилин ккола. Биценалда рекъон, росуги гьезул гьенже къедисел ругеб бакIалда гуреб, Асали «ГIурус кьонлъал» абулеб бакIалда букIун буго. Гьеб «ГIурус» абун хадуб тIад рекIараб цIаралъулги магIна гьел гIадамал гIурусал яги гуржиял рукIунги гуро, насранияб дин бугел рукIиналъ буго. Гьедин хъван буго Маркъол макъалаялдаги. Гьелъги бицуна гьел Къеди ислам дин щвелелдего рачIун чIарал гIадамал рукIин. Гьениб гьез бараб заманги бищун дагьаб 800 — 900 сон батила. Цебе заманалъ Къеди гьидалъел рукIанин биценги бугелъул, дида ккола КIушкIандилал гьезул ратилин.

  • Бицен буго нуцабигун цадахъ Хунзахъ мухъалъул 18 хъизан бачIун бугила Къеди. Гьеб къадар гьелдаса дагь яги цIикIун букIанинги абула. Дир хIисабалда, гьезул батила «Гьамшал» ан къедисеца жидеда абулеб тухум.

  • «Лолонисел» абун Маркъоца рехсарал чагIи руго жал чачаналъа рачIарал ва жидеда «Сулиял» ин абулел гIадамал. Гьеб цIаралъги бицуна нилъеда гьезул чачаназулгун бухьен букIин. Чачаназ сулиялин абула жидер ракьалда чIарал магIарулазда. Гьединлъидал, шаклъи гьечIого абизе бегьула гьел гIадамазул умумулги кидаялиго жал чачаналъе гочун рукIарал магIарулал ругин. Лолониселин гьезда абулеб цIарги росулъ гьел рештIараб, гьезул минаби ругеб бакIалда бухьараб буго. Цере гьенир лолал рукIун руго.

Гьаниб бицинчIого гIолареб цоги кIвар бугеб жо буго. МагIаруллъиялъул цоги-цогидал росабалъ ругел гIадин, жидеда хъузхъулин абулел гIадамазул наслаби Къедисезда гьоркьор гьечIо. Гьедин хъван буго 19 гIасруялъ гIурусазул хIукуматалъ гьарурал цIех-рехазул баянал жинда жанир рихьизарураб цо документалдаги, гьединаб хIасилалде рачIуна росулъ ругел биценазул хIисаб гьабулагоги.

Цебе рехсараб макъалаялда жанир Маркъоца лъурал хIужабазда хурхун бицине бегьулеб чанги хабар буго жеги. Руго гIемерал биценалги, баяналги, кIвар бугел хъвай-хъвагIаялги. Гьеб кинабго жо казияталда бахъулеб макъалаялда жаниб лъезе рес букIунарелъул, жакъасеб хабар гьалда лъугIизе телин. Аллагьасе бокьани, хаду-хадубги рес букIина нилъер гьезул хал гьабизе. Бажарани, гьеб кинабго жо цо тIехьалдеги буссинабила.

ИсмагIил АмирхIамзал

2015 сон. Шава.

Дурго пикру хъвай

ТIасабищараб макъала
Цересел постал
Архив
Тегал
Тегов пока нет.
Ххал кквезе
  • Facebook Basic Square
  • Twitter Basic Square
  • Google+ Basic Square

Сайталда раккана

bottom of page