top of page

Къеди – Ункъракьалъул тахшагьар

МагIу

Борхатаб Кавуда кисма гъедалго

Киндай рихъ-рихъичIел хъахIилал зобал?

Кавудахъан рачун лучби гъуридал

Щайдай кьвагь-кьвагьичIел чIегIерал ракьал?

 

РигIарал, тIагIаял тIухьидул гулби,

ТIинчI мокъокъил курмул киндай рорлъана?

ТIун кескал лъугьаял Мисри хвалчаби

Лучбузул габунир киндай рахъана?

 

Къеди картаялда

«Къеди ккола тIолабго магIаруллъиялда бищун бечедаб тарих бугеб росу», — ян хъван букIана, журналист ва Дагъистаналъул тарихалъул хIакъалъулъ гьанжеялде чанго тIехь къватIиб биччарав Маркъо ШагIбановас «Миллат» казияталда, гьеб росдал хIакъалъулъ исана бахъараб макъалаялда. Гьеб пикру цохIо гьесул гуребги, Дагъистаналъул цоги-цогидал тарихчагIазулги буго. Гьединаб къимат гьел гIалимзабаз гьеб росдае кьеялъе гIиллабиги гIемерал руго. Киналго рехсечIониги, бокьун буго дицаго гьарурал цIех-рехазда мугъчIвайги гьабун цо чангояб гьаниб рагьизе.

1837 соналъ тушазул лъабго росу Къеди чIарал «гиназал» АмирхIамза ва Малачи Алдамилаз бетIерлъи гьабулебУнкъракьалъул боялъ бухIанин хъван буго гьеб макъалаялда. Тарихалда жаниб араб гьеб хIужаялъул хIакъикъат цIехолаго дида батана 1846 соналъ Тифлисалда къватIиб биччараб «Кавказ» казияталда И. Цискаровас хъван, гьеб иш ккараб заман букIанин цебе-хадуб чанго соналъ риидал бакъ бай сабаблъун хурул бачIин загIипаб, гIадамал ракъараб. Гьеб гIиллаялъе гIоло жидеца кьезе кколеб магъало кьеларин чIарал тушазе тамихI гьабизе рачIанин гьел боял Дикло ва Шенако росабалъе ва гьелги рухIун, цоял чIван, цогидал асир гьарун гIадамалги рачун, гьезул боцIи-панз ва цогидаб буголъиги хъамун нахъеги анин.

Гьаб лъугьа-бахъиналдасан бихьулеб буго гьел «гиназазул» (авар. нуцабазул) кверщаликь букIараблъи тушазулги ракь. Гьединго тарихалда буго Ункъракьалъул микьго росу гуребги гьезул тIалъиялда гъоркь букIанин Хъварщи кIкIалахъ ругел росабиги, чIамалазул Гьаквари ва хьиндалазул Кьохъ росуги. Гьеб баян кьун буго гIурусазул тарихчи Ю. Карповас жиндир «Взгляд на горцев. Взгляд с гор» абураб тIехьалда. Къеди бугеб биценалда рекъон, цо заманалъ гьел нуцабазул кверщаликь букIун буго чачаназул Гъалгъати ва Болъихъ районалъул Гъодобери гъоркь щвезегIан бугеб ракьги. Гьеб тIалъи гьез гьабулеб букIун буго Хунзахъ бугеб жидер гIагарлъи – ханзабазда мугъчIвай гьабун. Гъазигъумекисезул ханлъи Дагъистаналдаги чачаналъги щулалъараб заманалъ – гьезда мугъчIвай гьабун. ХIасил, гьел ханзабазул Туш мухъалдехун ругел ракьаздаги халкъаздаги тIад балагьизе тарал гIадамазул рещтIен Къеди букIун буго, Гумбеталда Турловал рукIараб гIадин, балъхъадерил мухъалда тIехIнуцаби рукIараб гIадин.

Гьанибго бицун тезе рекъараб жо буго цо гьадинабги. 19 -20 гIасруялъги Ункъракьалъул цо-цо росабазул гIадамаз Къеди росдада «Къеди» ян абичIого «КIудияб Росо» йилан абулеб букIун буго. Гьелъги бицуна нилъеда кинаб кIудияб кIвар Дагъистаналъул гьеб мухъалда ругел халкъазе гьеб росдал букIараб.

 

ЦIиял харбал лъазе

подписка гьабе!

Сайталда раккана

bottom of page