top of page

Къедисезул дин

 

Тарихалда къедисал, цебесеб заманаялда киналго аварал гIадин, цин мажусаллъун ва хадур насранияб дин ккун рукIана. ТIоцересел гъазиял, ислам тIобитIизабизе къватIи рахъарал боял, Къеди шола XIV гIасруялъул ахиралда. Гьеб заман рикIкIизе бегьула къедисез ислам босараб заманалъун.

Ислам дин гIуцIун буго лъабго аслияб бутIаялдаса.

ТIоцебесеб: Иман – Аллагьасул рахъалдаса бачIараб щинаб жоялда ракI чIей.

КIиабилеб: Ислам – Аллагьасул рахъалдаса бачIараб жоялъе мутIигIлъи.

Лъабабилеб: ИхIсан – исламияб диналъ тIалаб гьабулеб щинаб жо ракIги, черхги, мацIги цадахъ рекъон камилго ва бацIцIадго гьаби.

 

Иман

Иман – диналъул тIоцIебесеб аслу.

1. Аллагьасда ракI чIезаби.

2. Аллагьасул малаикзабада ракI чIезаби.

3. Аллагьасул тIухьдузда ракI чIезаби.

4. Аллагьасул русулазда (илчизабазда) ракI чIезаби.

5. Къиямасеб къоялда ракI чIезаби.

6. Аллагьасул къадаралда ракI чIезаби.

Ислам

 

Ислам – диналъул кIиабилеб аслу.

Ислам абураб рагIиялъул хIакъаб дин абураб магIнаги букIуна. Гьеб магIна босани гьелъ жанире рачуна иманалъул анлъабго рукнуги, исламалъул киналго аслабиги, тIолабго шаригIатги. Гьаниб нилъеца исламалъул хассаб магIнаялъул бицен гьабила.

Ислам гIуцIараб буго щуго аслуялдаса:

1. Шагьадат битIи.

2. Как бай.

3. Закат бахъи.

4. Рамазан моцӀалъ кӀал кквей.

5. ХӀаж гьаби.

ИхIсан

ИхIсан – диналъул лъабабилеб аслу

Сайталда раккана

bottom of page