top of page

МахIач МуртазгIалиев

МуртазгIалиев ТIалхIатил МахIач (гь. 1984 соналъул 4 июналъ Къеди росулъ) — россиялъул эркенаб стилалъул гугарухъан, 2004 соналъ Грециялда, АфинабаздарукIарал XXVIII Олимпиялъул хIаязул лъабабилев призёр, кIиго нухалъ гIаламалъул чемпион ва ва ункъо нухалъ Европаялъул чемпион. Россиялъул мустахIикъав спорталъул устар. 15 тIубараб мехалъ гьев бергьана "ГIали ГIалиевский" турниралда (54 кг). Гьединго гьев вуго бищунго махщел тIокIав ва дунялалъул бищун техгикияв гугарухъан. ЗахIматаб ругъунги шун, жиндир гугарухъанасул карьера хехгого лъугIизабизе ккана.

 

Школа лъугIинабуна Хасавюрталда. Гьесул эмен, ТIайгибил ТIалхIат Хасавюрталъул цо училещалда устарлъун хIалтIулев вукIана. Гугаризе байбихьана 9 сон тIубаралдаса нахъе. ТIоцевесев тренер — ГIабдурахIман Мирзоев. Гьесдасан хадув гьесул гугариялъул махщелал камиллъизаруна машгьурав Россиялъул тренер МухIамад ХIусейновас. Гьесул буго кIиго тIадегIанаб образование — лъугIизабуна ДГПУялъул физкультурнияб факультет ва ДГУялъул юридическияб факультет. 2004 соналъул Россиялъул гугарухъбазул командаялда гьоркьов бищунго гІолохъанав спортчи.

 

 

чи

ГIузаир Лабазанов

Anchor 2
Лабазанов, Шарабудинил ГIузаир (гь. 1990 соналъул 17 сентябралъ Къеди росулъ) — россиялъул самбист, рагъулаб самбоялъул Россиялъул ва Европаялъул чемпионатазул призёр, Европаялъул чемпион, Россиялъул спорталъул устар.
 
 
 

ХІажиясул ХІамзат ХІажиев

ХІажиясул ХІамзат (гь. 1.01.1945 соналъ) - Россиялъулги Дагъистаналъулги мустахІикъав мугІалим, "РоссиялъуллъагІалил директор" - абураб цІар жиндие щварав, Дагъистаналъул школазда гьоркьоб бищун лъикІаздаса жиб рикІкІунеб, Бабаюрталда бугеб школа-интернаталъул мудир (директор).

 

Гьавуна ДАССРалъул Ведено мухъалъул Къеди росулъ 1945 соналъул 1-себ январалъ.

1965 соналъ МахӀачхъалаялъул школа-интернат лъугӀине гьабуна.

1970 соналъ Дагъпединституталъул физикагун-матиматикаялъул факультет лъугӀине гьабунa.

Гьелдасан хадув хӀалтӀана Шаваялъул ва ЦӀиябкъараялъул школабазда.

1987 соналъ гьев Бабаюрталъул школа-интернаталъул директорлъун тола.

Гьединго гьев вуго мухъалъул шураялъул депутат ва ДЖ Халкъияб Шураялъул депутат К. Б. ХӀусеновасул кумекчи.

Сайталда раккана

bottom of page