top of page
  • Writer's pictureМахIач Чупалаев

БахIарчиясул цIаралъе мустахIикълъана

27 апрелалда, «Дагъистан» РИА­ялда танкалъул экипажалъул командир, кIудияв сержант Марат Халикъовгун журналистазул дандчIвай тIобитIана. Гьесул бахIарчилъиялъул хIакъалъулъ улкаялъулго СМИяздасан бицунги букIана.

Лъукъиялъухъ балагьичIого, гьесухъа бажарана жиндирго къайицадахъасул гIумру хвасар гьабизе ва тушманасухъе щвеларедухъ жиндирго танк кьвагьизабизе. Халикъовас журналистазе бицана Украинаялда бугеб хасаб операциялда нилъер солдатазул бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъги, кинабго хIажатабщиналдалъун гьел пачалихъалъ хьезарун рукIиналъулги.


Марат Халикъовасе бахIарчиясул цIар кьезе хIадурлъи гьабулеб бугинги бицана данделъиялда. Маратилгун ккараб дандчIваялъул хIакъалъулъ гIатIидго бицине буго газеталъул хадусеб номералда.


Автор: Зульфия ХIАЖИЕВА

4 views
bottom of page