Жиде-жидер росулъаго иш байбихьичIони, магIарухълъи цебетIоларо
- Даку Зургъалов
- Apr 29, 2022
- 4 min read
НИЖЕР БАЯН: ДГУялъул къватIисел улкабазул мацIазул факультеталда цIалулаго рикIкIадал пачалихъазде босана Камалица ишан. АнцIила хадуб соналъ лъадарана чияр ракьалда цIиябщинаб лъазе бугеб гьесул гъира-шавкъ. Риидалил заманаялъ пихъил тIагIамги босизе, эбел-инсуе ахил хIалтIабазе кумекги гьабизе санайил росулъеги вачIунаан гьев.
ЧIагояв, кивго рекъарав, жив вуссанщинаб свери берцин гьабулев, баракатав вукIуна цо-цо чи. Гьединавлъун вихьулев вукIана Камал «Фейсбукалда» ахираб анцIго соналъ, кигIан рикIкIада вугониги, ,нилъер миллиябщиналъулгун бухьен тIезе толароан гьес. ВатIаналде щварал къоязги гьев гIахьаллъулаан магIарулазул гIаммал тадбиразда.
Гьанже тIуванго тIадги вуссун, эбел- инсуца лъеберго соналъул захIмат жаниб лъураб ах гьес сверизабуна, рикIкIадаса вачIарасеги, аскIосезеги хинлъигун рохел кьолеб гъанситоялде.

Коронавирус сабаблъун къватIисел улкабазулгун гIорхъаби къаралдаса нахъе жанисеб туризмалде гIемерав чи вуссана. Жидерго ригьзал рега-рахъине туристазухъеги кьун, киб- кибниги жидерго хъизанги хIебтIун, гIарац гьабулезулги бицен гIемер рагIана. Туристал рачIин цIикIкIиналдаса гIезегIан пайдаги босулеб буго нилъер ракьцояз. Араб соналъ бищунго гIемер бицен рагIараб гьеб темаялъул пикру гьабулаго, рекIее асар гьабураблъун ккана, тIоцебе Дагъистаналда агротуризмалъе байбихьи лъураб, Миякьоса Салмановазул ах. Ахал, ахихъаби, пихъ бичулел гIемер руго нилъер, амма гьеб ахикь бугеб ахIвал-хIал бицинчIого, бихьичIого гIоларо. Агротуризм - гIемерал улкабазда цебетIураб, амма Россиялъе хасиятаб гуреб къагIида буго. Гьал ахирал соназ нилъер хIукуматалъ кIваркьезе байбихьана гьеб рахъалде. Росабазул, росдал магIишаталъул бутIаялда туризм цебетIеялъул закон (ФЗ от 02.07.2021 N 318-ФЗ "О внесении изменений в Федеральный закон "Об основах туристской деятельности в Российской Федерации" и статью 7 Федерального закона "О развитии сельского хозяйства") исана лъагIалил авалалдасаго хIалтIизе биччалинги буго баян. Гьеб законалда тIад ургъулеб Пачалихъияб Думаялъул депутатал ругебгIан заманаялъ, агротуризмалъул хIалги бихьун, гьеб ишалда тIубан гъорлъе ккана Салмановазул хъизан.
Миякьосезул ахил хIакъалъулъ бицен кигIан бокьаниги буго интернеталда, дица гIемер гIатIид гьабиларо. Кин бугониги бокьана, лъикIал пикраби гIумруялде рахъинарурав, Салмановазул хъизамалъул аслияв цевехъанасе цо чанго суал кьезе.
— Камал, чанго батIияб мацI лъалев, гIезегIанго соназ къватIисел улкабазда вукIун иш бажарарав чи вуго мун. Мунго гIадал гIолохъабазда бетIербахъи къватIиб берцин бихьула. РикIкIадаса балагьун Дагъистан кинаблъун бихьулеб букIараб?
Космосалдасан нилъер Ракь берцинго бихьулеб гIадин, рикIкIаде щванагIан нилъер Дагъистанги, нилъерго гIамалги, гIадатги, квенги, лъимги дагьабги берцин бихьулаан. Гьединго къватIив мухъалъ вугеб мехалъ цо-цо нилъер ватIаналда кколел лъугьа-бахъиназ рахIатги хвезабулаан.
— БатIияб сухъмахъ ккун, цогидаз хIалбихьичIеб хаслъигун гIуцIана дуца росулъ иш. Байбихьи лъолаго, бищунго мугъчIвай лъиде букIараб, захIмалъи сундулъ батараб?
Росулъе тIад вуссиндал, нижерго хъизамалъул ахикь ва гьелда сверухъ иш гьабун бажарана. Дидагоцин лъачIого гьеб къагIида батана жеги цогидаз гьабичIеб ишлъун. Нилъ, дагъистаниял, нус-нус соназ ах-хуралъул агьлу ругониги цо умумуздасан бачIараб куцалъ гурони, цIикIкIун хайир кьолеб хIалалъ гьеб ахил ва пихъил иш гьабун ругьунлъун гьечIо. Дицаги гьеб къватIисел улкабазда бихьаралъул мисалалда гьабуна. Интернеталдасан гIадамалги ахIун ахикье, гьезие гъотIодаса жидецаго пихъ бетIизеги, хIалбихьизеги ресги кьун, бокьаразе жидецаго гьан бежизе яги бежун цебе гьан-шашлыкгун, гьелъие санагIалъабиги чIезаруна. Гьениб гьабизе захIматаб жоги гьечIо. Нилъер мадугьалзаби гуржиялцин ахираб анцIго соналъ гьеб рахъалъ церетIун руго. Халгьабураб мехалъ агротуризм дунялалдаго цIакъ цIебетIун унеб буго.
— Мисалалъе, цо соналъ микьир, курак бижичIони, пихъ гьечIони, рачIунел гIадамал рукIинадай? ЛъагIалицаго туристал къабул гьарулеб хIалалъ хIалтIи гIуцIизе рес бугищ?
Гьединаб рес букIинин ккола дида. Мисалалъе, нижер гъоркьиса ихдалил квачалъ хвана куракул тIегь. Курак дарудецин щвечIин абизе бегьула. Микьиргун цIибилги дагьаб гурони букIинчIо, амма рачIунел гIадамал дагьлъичIо. Ахираб ункъо соналда жаниб ахикь пихъ гьечIониги, гIадамазе хIалхьи-рахIаталъе санагIалъаби чIезарун руго.
— Къойил кигIан гIадамал къабул гьарун бажарулел? ГIамм гьабун босани, сезоналъе чан чи кколев гIага-шагарго?
Цо-цо базаркъояз ва байрамкъояз къойил щунусгогIанасев чи къабул гьавураб мех чанги букIана. Апрелалдаса байбихьун октябралъул ахиралде щвезегIан къоазаргоялдаса цIикIкIун чиясе хъулухъ гьабунин ракIчIун абизе бегьула.
— МагIарухъ ахал гIезарулел чагIи гIезегIан руго. Пихъ бичун бажаруларого рукIуна гIемерисел. Гьединазе щиб гIакълу дуца кьелеб?

Дир эбел-инсулги чанги рии букIана гьединаб. Гьеб ккола дица абураб доб, умумуздасан бачIараб гIадин гурони гьабизе бегьуларин нилъедаго ккараб мекъаб пикру.
Нилъер умумул хIалтIи-пиша даран-базар билълъанхъизабизе бажаруларел чагIи рукIинчIо. ГIемер захIмалъи бихьун ах-хур гIезабун батана гьез нилъеда. Жакъа нилъер гIумруялъул чвахи батIияб гьечIищха, рокъорги гIодор рукIун дунялалда бокьараб бакI, гIадамал рихьизе, гьездаса мисал босизе рес кьун буго интернеталъ.
— Нилъер щибаб росдал буго жидерго хаслъи, гIадат-гIамал. Цебесеб архитектураги тIабигIияб берцинлъиги бугел бакIал дагьал гьечIо. Амма киназего гуро бокьулеб бугеб жидер ракьалде туристал рачIине. Гьеб гьезул нахъеккейищ, цIодорлъийищ?
Гьединал харбал дидаги рагIула. Нилъерго пикрабазул мукъсанлъи ва нахъеккей бугин гьебин абила дица. Амма дида ккола нилъерго гIамалги гIадатги цIунун, нилъерго тIабигIияб берцинлъиги маданияб бечелъиги тIаде рачIарал гьалбадерие ва туристазе бихьизабизе бокьуларел чагIи Дагъистаналда цIакъ дагь гурони ратиларин.
— Туристазул ретIа-къай рекIее гIоларого бицунеб хабарги гIезегIан букIуна нилъер гьаниб. Гьезие чIезабураб низамалда щиб хисизабизе, билълъанхъизабизе бокьилеб?
Гьелги руго цо-цо, кIи-кIи рекъечIел суратал ва туристал рихьидал кIодо гьарун рицунел харбал. Нусго туристасда гьоркьов цо-кIиго гьединав камуларо, щибха дозда гьабилеб. Гьеб буго кинабго нилъерго хьвада-чIвадиялда, гIамал- хасияталда бараб жо.
Нижер гьаниб гьединаб ретIел-партал бегьуларин берцинаб къагIидаялда бичIчIизабуни, гьел нилъехъ гIенеккизе руго. Дида жеги данде чIвачIо гьедин малъараб мехалъ данде хъачI кIалъалев ва разилъичIев турист. Нижеца гьезие хасаб, туризмалъул федералияб къануналде дандеги кколеб, гьитIинабго памятка гьабун буго.
— ТIадмагIаруллъиялда туризм цебетIеялъе сунца квалквал гьабулеб бугеб? Жакъасеб ахIвал-хIалалъул хIисабги гьабун, дуего щиб хисизабизе бокьилеб?
ТIадмагIаруллъиялда туризм цебетIеялъе тIоцебесеб шартIлъун ккола гIадамал - нилъ магIарулал. БукIинеселде бокьилаан, соналдаса соналде гIемерлъулел чIороголъарал, чIунтарал росабалъе гурел, чIагояб гIумру, жамагIаталъул гIуцIи, цIиял гIелал ругел росабалъе рачине туристал, гьениб бугеб нилъерго берцинлъи гьалбазда бихьизабизе. Гьайгьай, жалго гIадамазде тIаде рехун тани тIубалеб масъала гуро, тIадмагIарухъ росаби чIаголъиялъул иш. Гьелъие къваригIуна хIукуматалъул рахъалъан квербакъиги цIакъ цIодораб бербалагьиги. Гьебги буго росулъ ругел гIадамазда ва жамагIаталда бараб жо.
ХIукуматги нилъго гIадал гIадамаз бачунеб жолъидал. Жакъа официалияб туризмалъ кIвар кьолеб буго магIарухъ тIабигIияб бечелъи, архитектураялъул хаслъи бугел росаби тIатинариялде ва гьел цIуниялде. Гьелдалъун росабалъ гIадамазе хIалтIаби раккизе руго. ХIукуматалдаго бичIчIун буго гьелъул кIвар, гьелъие квербакъиялъе хасал программабиги гIуцIун руго, гIарацги биччан буго. Амма, дица цебе абухъе, кинабго буго нилъеда бараб. Жиде-жидер росулъаго гьелъул иш байбихьичIони, хIукуматалъ хIал гьабун нилъер росаби цIунуларо ва магIарухълъи цебетIоларо. Гьеб бичIчIизе заман щун бугин ккола цебего.
Автор: ПатIимат ГЬИТIИНОВА
Comments