top of page

Ветераназе гIарац цIикIкIинабуна

  • Writer: МахIач Чупалаев
    МахIач Чупалаев
  • Apr 29, 2022
  • 1 min read

Жакъа республикаялда хутIарав КIудияб ВатIанияб рагъул 29 ветеранасе моцIи-моцIие кьолеб гIарац цIикIкIинабизеги, ремонтал гьарун, байрамкъоялде гьезул рукъ-бакI къачIазеги, цогидал хIажалъаби тIуразеги гIамал гьабеян тIадкъай кьуна Сергей Меликовас гьал къоязда республикаялъул нухмалъиялда тIобитIараб данделъиялда.


ЦIикIкIинабун буго Бергьенлъиялъул къоялде ветераназе цоцIул кьолеб гIарацги (30 азарго гъурщил бакIалда - 50 азарго), материалияб рахъалъ цIуна-къаялъе моцIи-моцIие кьолеб гIарацги (кIиазаргоялъул бакIалда – 20 азарго гъурущ).


Ицц: Зульфия ХIАЖИЕВА // ХIакъикъаТ

Comments


bottom of page